| ИСЛАМ ЭТО...| ПАРТИЯ | ЛИДЕРЫ | ИНФОРМАЦИЯ | РЕГИОНЫ РОССИИ | ПОЛИТИКА | ЭКОНОМИКА | ОБЗОРНЫЕ СТАТЬИ |   

 

СУАЛ: 33.

Бусурбабазе Исламияб партия къварагIунищ,яги къварагIунарищ?

 

ЖАВАБ:

Исламияб партия бокьуларев, гьелде данде чIарав чияс горони гьаб суал кьезе гьечIолъи лъалеб жо буго.Амма ислам бокьулев чи исламалъул партиялде данде чIеялъул магIна дида бичIчIуларо.Комунист партиялъул бачIин,байбихьи,гIуцIиго ислам чIунтизе гьабизе,гьеб тIагIине гьабизе букIинги лъалаго, комунист партиялъ халкъалда гьабураб зулмуги бихьун букIаго, гьанжиги гьебго партия жидеего бокьун гIуцIизе бусурбабаз щай кколеб? Гьабги дида бичIчIуларо.Гьаб нелъеда цебе бугеб суалалъе жаваб кьелелдего цин кьезе ккела гьадинаб суал: гIуцIеян абун зулму хIал гьабулев чиги гьечIого вугеб хIалалъ нилъ бусурбабаца нелъеего бокьун ком.партия сундуе гIоло гIуцIизе кколеб? Гьаб суалалъе гьадинаб жаваб гьабизе бегьила ком.партия бокьулез: «Гьеб цIигьабун гIуцIиялдасан мурад буго Дагъистаналъул халкъазул рукIа- рахъин,магIишат-яшав лъикIлъизе гьаби,экономика рукIалиде ккезе гьаби, халкъалда жаниб гIадло-низам билъанхъизе гьаби ва гь.ц.»,- абун. Гьаб жаваб битIараб буго.Гьал рехсарал тадбирал рилъанхъизе гьариялдаса жакъа хIажатаб жоги гьечIо.Амма нахъойги гьадинаб суалги бачIуна: «Гьадал рехсарал тадбирал рилъанхъизе гьариялъе гIуцIулеб халкъияб данделъиялде ком.партия абун щай цIар лъезе кколеб, исламияб абун щай лъезе бегьулареб? Исламияб партия ком.партиялъул гIадаб ритIухълъи гьечIеб,халкъалда зулму-хIал гьабулеб букIунищ? Исламияб партиялдаги рукIун бегьуларебищ гьадал рехсарал тадбирал рилъанхъизе гьариялъе хIаракат гьабизе?».

Цо-цояз исламияб гIуцIиялде партия абун цIар лъезе бегьилароян абула. Партия абураб рагIи гIараб мацIалде бусине гьабуни гьеб ккола “хIизбу”.Къуръаналдаги рехсон буго гури кIиго батIаяб хIизбу - Аллагьасул нух ккураб хIизбу ва шайтIаналъул нух ккураб хIизбу абун.Комунистиябги исламиябги “хIизбу”,ай партиялъул кинабха кколеб шайтIанияб, ва Аллагьасул нух ккураб? Комунистияб партия Аллагьасул нух ккураб кколилан абулев чи вугони,гьев чи капурлъила.Исламияб партия кколин Аллагьасул нух ккурабилан абуни щайха аб бегьулареб букIине? Бусурманчияс кинабха тIаса бищизе ккелеб кIиябго партиялъул? Аллагьасул нух ккураб хIизбу,ай партия цебеги букIанагори гьеб.Масала,дун дида лъай батаралдаса нахъего исламияб хIизбуялда вуго, кинин абуни - дида хIал кIвараб хIалалъ иман-исламалъул арканалги тIоразе гьарун,хIал кIванагIан шаргIалъул нухда хьвадулевлъун вукIунха дун.Гьедин хьвадулев бусурманчи Аллагьасул хIизбуялда гъорлъа горищ кколев?Нусго батIаяб партия бугониги,движенияби ругониги дун исламияб хIизбуялъул агьлогун вукIина, дун горелги ислам бокьулев щинав чиги вукIине ккела.Бусурбабазе партия щибизеян абураб суалалъе чIван къотIараб жаваб гьабуни:- тIинчIги беччан боржун унеб най, къалиги кIутIун, данде гьабулеб гIадин,бусурбаби цолъизе гьаризе,гьел данде ракIаризе къваригIун буго.Заманаялъ тIад гьабун горебани,узухъда,гьеб къварагIинеги букIинчIо исламалъе хасаб партия абун цIар лъезе.Кинниги заманаялъ гьаб гореб цогидаб, хIажат гьечIеб щиналдеги рачун ругелъул щибха гьабилеб. Жиндир ракI рекъараб,жиндие лъикIаб жо инсанасда рихунаро,гьелъул гIаксалда жинца балагьула, бокьизеги бокьула.Хал гьабураб мехалъ бихьулеб буго Дагъистаналъул халкъалда гъорлъан цо тайпаялъул исламалдехун рокьи бугеб бер балагьи гьечIолъи, гьездаго цадахъ цо-цо хIакинзабазулги.Гьелъие гIиллаги буго гьезда ислам ва исламалъул магIна бичIчIунгутIи.Масала,абизе кколеб буго,цо-цо хIакинзаби исламалдаса хIинкъун руго, ай исламалъухъе хIукуматги ккун Дагъистаналда,жал хIалтIиги гьечIого хутIиялда хIинкъун руго абун.Гьедин ругизеги руго гьел.ХIакъикъатин абуни гьелъул гIаксалда буго.Цойги нухалъ масала, Дагъистаналъул бусурбабиги цолъун,гьезул къуват билъанхъани хIакинзаби нахъе рехизейищха ругел?ГьечIо.Гьадинаб мурадалда хабар бицунаро рацIцIадал бусурбабаз.Щай абуни, гьазие дол хIакинзабазул постал къварагIун гьечIелъул,гьел хIакинзабаз гьабулеб хIалтIиялъул агьлоги горелъул.Дозул постал къварагIараб агьлоялъул букIине бегьула гьединаб политика.Гьединаб политика цо- кIиго соналъ цебе питна чагIаз хIалтIизе гьабулаги букIана жедее комек щварабани.Лъабабизеги масала,дихъе эхтияр щвани хIакинзаби хIалтIудаса рахъизеги тезеги,жакъа ругел хIакинзабазул бакIалда, гьелги нахъе рахъун, тезе чи дида лъаларо.Щаян абуни, гьезда гIадин гьеб хьвадизе гьабизе махщел, опытги гьечIел,хIалтIул къагIидаялда хадурги гъечIел гIадамазул букIунарелъул.Кинаб диналъул хIукумат бугониги,дунялалъул магIишат-яшав, экономика гьечIого гIоларо,гьединлъидал жакъа гьел хIакинзаби гьелъул агьло руго,метер букIунеб метер къо бачIараб мехалъ долъ бицина.

Чангиясде ракIалде ккезе бегьула дун хIакинзабазул рахъги ккун кIалъала вуго абун.Аллагьас цIунаги дун, исламалъеги хилиплъун,гьебги мугъзаде нахъе рехун хIакинзабазул рахъ кквеялдаса.Дирго гIайибги бахчун, гIадамазда гIайиб кинха чIвалеб? ХIукумат биххизегIан цебе конституциялда хъван букIана, эхтиярги кьун букIана,гьеб хвезе гьабизе гIадамасул эхтиярги букIинчIо, 25 чи жамагIаталъул масжид къваригIарав вугони гьезие гьеб рагьизе. Гьеб истатьялдасан пайдаги босун, цо-цо жамагIатаз масжид рагьи тIалаб гьабизе къасдал гьарурал лъугьа-бахъинал ккана,амма гьеб цониги бакIалда рагьизеги кIвечIо.Щайха кIвечIеб гъоб рагьизе, гIила щибха букIараб? ГIилла букIана нилъго,бусурбаби ратунгутIи,ай ракI-ракIалъго гьеб тIалаб гьабулеллъун нилъго рукIун гутIи.Масжид рагьиялъул суал тIоцебе советасде бахъулаан,хадуб тIадегIанги щолаан, цинги добаса бахъараб ас дов къакъан, дос гъовцояв къакъан,гьанжи лъайзе гьабулаан советасда- масжид рагьизе тани мун партиялдасаги вахъила,хIалтIудасаги рехила абун. Гьев пакъирасги кIвараб жигар бахъулаан гьеб биччан гутIизе.Цинги жамагIаталъ масжидалде данде чIарав бищун кIудияв гIайибиявлъун советги рикIун, тIаса бихьулаан.Жедедаго бугеб гIайибин абуни гьезда бихьизего бихьулароан.Щиб гIайиб гъозда букIарабин абуни:ЖамагIатазда букIараб гIайиб буго гъол хIинкъи.ХIинкъичIого гъол хвезе кколаанилан абулев гьечIо дун,амма хвелалдего ккезегIан туснахъалде ийингIаги бацIцIадго тIаде босизе гьунар гIолеб букIараб-ани, рагъул инвалидазулги цогидал пенсионеразулги цониги чи туснахъалдеги унароан.Масжидги рагьулаан.Гьаб хIакъаб жо буго.Гьал жамагIат-чагIи чIезе гьаризе хIукуматалъул органазги жигар бахъулаан батIа-батIаяб ярагъалдалъун цо-цо ккун ахIун,цояв нечезе гьавун,цогияв хIинкъизе гьавун,вас,вац партиялдаса рехила,хъулухъалдаса вахъила абун,цIакъго къвакIун чIарав вугони гьесде гьарун дуе гьаб щай къваригIараб,мун чIа,дуе бокьараб жоги гьабила абун.Дицайин абуни дов советасдаги органалдаги гIайиб гьабулароан, щаян абуни, дол рукIана долъул агьло,тIад ругезе мутIигIлъичIого рукIунареллъи нелъедаги лъалел,къвакIун чIезе чараги гьечIел,иманалъул загIиплъиялъги жагьлоялъул бергьиналъги.ЖамагIатазул херазейин абуни къвакIун чIезеги,цолъизеги рес букIана.

Гьеб ресалдасан пайда босичIел нелъедаго гIайиб анцIго нухалъ цIикIун букIанин кколаха дида дол хIакинзабазулалдаса.Гьаб цебе араб щинабги ракIалде щвезе гьабун, жамагIатал какиги дир мурад гьечIо,мурад буго доб заманалдаго гIадин жакъаги нилъ хIакинзабиги какун нелъерго гIайибалги нелъедаго рихьуларого рукIин баян гьаби.Жакъа щиб гIайибха нелъеда бугеб?Нелъеда бугеб рехизе бакI гьечIеб кIудияб гIайиб буго нелъеца щвараб эркенлъи,эхтияралда рекъон ислам хIалтIизе гьабун гутIи.Доб заманалда хIукуматалдехун халкъалъул бищун кIудияб рокьукълъи бижине гьабураб гIиллалъун букIана дин гьабизе гьукъи.Жакъа гIадин рагьараб куцалда дин гьабизе толеб букIараб ани,доб хIукуматалдеги абизе жого букIинароан.Доб заманалда хIукуматги хIакинзабиги дин гьабизе гьукъиялдалъун какулел рукIарал ратани,гьанжи хIакинзаби сундуе гIолоха какула ругел кIкIарадул кваркьиялде дандецин Аллагьас босичIеб дунялалъул боцIи-мал горони, гьез тIад квер лъураб жоги гьечIеб хIалалъ? Жакъа исламияб нухалда нилъ хIалтIизе толарого вугев чи щив?Диналда хурхарал масъалабазул нелъее гьукъараб щибниги жо бугищ? ГIарабиязул бокьараб пачалихъалде цIализе гIолохъабиги ина ругони,хIаж-гIумраялдеги хьвадила ругони,ралел,рагьулел масжидал-мадрасабиги ругони, цIалулел лъималги ругони, хIатта хIукуматалъул школаздацин гIараб дарсги кьола бугони,жиндир лагъзадерие ризкъи кьезе гъоркье чIарав,жиндие гIибадат-тIагIат гьаби лагъзадериде жедедего тIамун тарав Аллагьги вукIаго, гьанжи бихьизе гьабеха исламияб дин цIунизе бусурбабазе камун бугеб жо.Кинабго гIаламалъ дин рехон тун бугоян дица абуларо,бугеб чуруклъиги шаргIалда рекъолареб хIарам гьабураб пишаги нилъецаго хьвадизе гьабула бугеб,гьаб бицинчIогоги гIоларо.Цебе рехсон букIаниги, цIи гьабизе ккола буго цадахъ махIрамиявги гьечIого гьаб пасадаб заманалда хасго,нилъер руччаби къватIир пачалихъазде хьвади,базаргабиянги абун,гьелго руччаби,гIисинал гIолилал ясал гIаракъи-чагъир бичизе къватI-къватIазда гIодор чIей, гьадинищха бусурбаби хьвадизе кколел? Гьаб горебги чIвадари,бихъа-хъами - гьеб кинабго бицинчIониги киназдаго бихьула буго,халат гьабун щиб гьабилеб.Цо вилаяталъул,я пачалихъалъул бищун кIудияв ханасулгун гьоркьоблъиги лъикI гьабун,гьев ханги рази гьавун,хьвадулев чи вугони,гьев чиясе дов ханасе мутIигIал, досда гъоркь ругел хIакинзабазул щибго ургъел букIунаро.Ханзабазулги хан Аллагьги рази гьавичIого дунялалъул ханзабигун къеркьон бергьунаро.Хан разияб хIалалъ нилъ хьвадичIони, ханас нелъеде тIаде квешал хIакинзаби тIамула.Нелъер иш гьабсагIат гьедин буго.Хан рагIияталда гурхIи,рагIият ханасе мутIигIлъиялда, гьес абухъе хьвадиялда бараб буго. Цо гьитIинав хIаким квешезе чIун вугони,кIудияв хIакимасде гIарзалъ унеб гIадат буго,гIарза дос къабул гьабиги, гIарзачагIи гIайибалдаса рацIцIадал,ритIарал рукIиналда бараб буго. Ислам буго Аллагьасул нух, гьеб нух ккурал гIадамалги ккола Аллагьасул хIизбу. Гьаб тун батIаял партиябиги, движениябиги бусурбабазе къварагIинеги къварагIунаро.Дагъистаналъул канституция бахъиялда тIад ургъулаго бутIрул унтун руго депутатазулги хIакинзабазулги, бегьараб къадаргIаги Къуръан-хIадисалда рекъон кколеб букIине ккеларищ бусурбабазул къанун-законалъул? Аллагьас тIоритIаги битIараб нухалда. Кинниги бусурбабазе кIудияб рохел буго-роцIараб къоялъ бакъул нур тIибитIулеб гIадин,тIибитIизе буго ислам дунялалда тIад.

 

Дунялалъул гьаб ханлъи-

Хведал тIаса унеб жо,

Халикъасул лагъ вукIин

КIочон тун бегьиларо.

Бечелъи-гъотIол рагIад,

Даимго тIад чIолареб,

ЧIагоязе хутIулеб,

Хун араз нахъе толеб.

Инсан вижилелдего

Ризкъигун ажалалъул

Азалалда тIобараб

ХIукмугин къадар буго.

КъаруниегIан гIемер

БоцIи кодоб щваниги,

Дуй хъвачIеб ризкъиялъул

Лукъма дуца куйнаро.

Лукъманул-хIаким гIадав

Тохтор дуе щваниги,

Дару гьабун тIагIараб

ГIумро нахъ бусинаро.

ГIагарлъигин кьибилалъ

Кьураб рушватги босун,

Кьурал къоял тIагIиндал

ГIизраилас теларо.

Эркенаб дунялалда

РахIаталдаги хьвадун,

ЛахIдоялъув лъугьине

Лъиеха къабуллъилеб.

Къайсар ханасул гIадаб

Тах бакI-мулкги жибго тун,

Мусруялъув жемизе

Разияв чи вукIинищ?

Разияв вугищилан

Гьикъулеб гIадат ани,

Къваридаб хобалъуве

ГIадан лъугьинароан.

Изно босун горони

РухI бахъулареб ани,

Инсанас малакул-мавт

АскIов веччалароан.

Ахир къадги хвечIого

ХутIуларев лъалаго

Халикъасде гIасилъи

ГIакъилас гьабиларо.

Хун хадуса рукIунел

Агьвалазда божулев

Аллагьасул шаргIалде

Мугъ рехун хьвадиларо.

Адам вижаралдаса

АхIмадиде щвезегIан

ШараигIал манлъизе

Русулал ритIун руго.

ТIолгоязул хатамлъун

Хиси гьечIеб исламгун

Умматалда гурхIулев

ХIабиб нилъей кьун вуго.

ХIалалгин хIарамалъул

ХIукмаби жанир ругеб,

Жиндир къадро кIудияб

Къуръанги рештIун буго.

Къимат жавгьаргIадинал

Нураниял хIадисал

Расулас рицун тарал,

Гьелги нилъехъ щун руго.

Гьаб Къуръан-хIадисалъул

ХIукму къабул гьабичIел

ХIабибасул умматлъун

РикIине бегьиларо.

Гьеб кIиялъго манлъухъе

Хьвадулареб къавмалъе

Къиямасеб къоялъул

ХIинкъи кIудияб буго.

Бокьун цохIо как тарав,

Тавбоги гьабичIони,

Гьеб байзе кколарилан

Инкаралдаги чIани,

Купруялде гьев ийин

Имамзаби рекъараб,

Ишкал жинда тIад гьечIеб

ШаргIалъул хIукму буго.

Какил кIвар гьабулареб

Агьлолъун жив вугесул

ГIумроялдаса баркат

Бахъулин хIадис буго.

Гьесул лъикIал гIамалал

Къабулги гьаруларо

Гьормада иманалъул

Нургицин хутIуларо.

ЛъикIал чагIаз гьабулеб

ДугIаялъул баракат,

Гьелдаса махIрунавлъун

ХутIулиланги буго.

Хвалилъе лъугьиндалги

Басралъиялде ккола.

Ралъад лъел гьекъаниги,

Къечалъ вухIунги хола.

Хобалъ гьев данде къала,

ЦIадул донкIлъун батула,

ШужагIун акърагI абун

Борохь тIаде тIамула.

БайчIого тараб какил

ГIужалдасан байбихьун

ЦIадул гIарчIалъ кьабула

Хадусеб гIуж щвезегIан.

ГIарасат майданалда

ТIаде рахъараб къоялъ

ТIоцебе хIисаб гьаби

Какдасан байбихьула.

Какил хIисабалдаса

ВорчIун хадув лагъасе

Хадусел умуразул

Ургъел цIакъ бигьалъула.

Аллагьас фарз гьарурал

Исламалъул арканалъ

КакгIан амро кIудияб

Диналъул хIуби гьечIо.

Бокьун цо как тарасе,

Тавбоги гьабичIони,

ЧIвазе хIукму къотIула

ШаригIаталъул соталъ.

ШаргIалъ къабул гьабулеб

ГIузру жиндир гьечIого

БайчIого тараб цохIо

Какил хIакъ тIад хутIани,

БетIергьанас гьесие

ГIафвоги гьабичIони,

Гьес жужахIалъуб бала

Лъабкъоялда анцIго сон.

Аварагас, холелъул

Каранде рухI щведалги,

Какил аманат гьаби

Анасица бицана.

Аллагь, дуца тIобитIе

ТIагьаясул гьаб уммат

Исламалъул хIобода

Къвал бан тIагIат гьабизе.

Къол щуябго балеб как

Квешал гIамалаздаса

Инсан нахъе чIваялъе

Сабаблъун гьабун буго.

Биччан тараб гьоялда

Гьев релъон вахъун вуго

Гьой бухьунеб рахаслъун

Инсанасе как буго.

Аллагьасда цеве чIун

Щуябго как тIобалев

Щибаб къойил щуцIолго

БацIцIадаб лъелъ чордолев

Чиясда релъон вуго

Мунагьал чуриялъулъ.

Манлъе, Аллагь, дуцаго

Дуда цере чIолеб куц.

Дуца гьидаят гьарун

Нухда тIоритIичIони,

БитIараб нух нижеде

Манлъулев чи гьечIелъул.

Манлъизе гьунарги кьун

Ракьалда дуца тарал

Дур уманааздаса

РатIа гьаруге, Аллагь.

Амин!

 

 

Hosted by uCoz